Дун хlайранлъун хутlула, хlисаб гьабун бихьидал,
гьунар гьечlеб черхалъул чорокаб гlамалалда.
Чам Аллагьасул нигlмат дие ризкъилъун кьураб,
дирго шукру дагьлъиялъ дун нечохъе хутlараб.
Чам къварилъи-захlмалъи хlал бихьизе тlамураб,
хlалихьатаб нафсалда сабру гьабизе кlвечlеб.
Чам хатlарат, чам мунагь лугбуздасан лъугьараб,
Саттарул Гlуюб гурхlун, гlадамазда тlатинчlеб.
Тlаса лъугьунтей гуреб тавбу къабул гьабуни,
гьабураб щинаб квешлъи, лъикlлъабилъун хъван толев.
Лъикlаб щинаб бокьулев, квешалда рази гьечlев,
гьечlин Мунгурев Магlбуд, бадал гьаре зунубал... Амин
Nashid Djamil еще тексты
Видео
-
Naat Nasheed Ya RasulAllah
Naat Nasheed Ya RasulAllah ... aqib raja 5 years ago ... "ma wo sunni hoon jamil -e ...
Оценка текста
Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 1