Гуру Песен Популярное
А Б В Г Д Е Ж З И К Л М Н О П Р С Т У Ф Х Ц Ч Ш Э Ю Я
# A B C D E F G H I J K L M N O P Q R S T U V W X Y Z

Ахмед Закариев - Салам дир, Маг1арулал | Текст песни

Ассаламу ГIалейкум
Сахабатаб дир миллят
БачIараб къо борлъунел
Къадруяб мугIрул васал
Салам нужой гIагарал
Гьайбатаб дир ракI цоял
МугIрузул адаб намус
Яс-бер гIадин цIунараб

Салам, дир магIарулал
Сахлъи бахIарчияб халкъ
Салам дуде чIухIараб
Аваданаб Дагъистан

Шамил Имамасул ракь
МахIмудил рокьул улка
ТIогьол цIурал байдаби
Берцинлъи дур Дагъистан
Кьурулъан чвахулеб гIор
Чундузул цIурал рохьал
Бихьун бер гIорцIулареб
ГIажаибаб дир ВатIан

Нилъ Хочбарил наслаби
ХIажимурадил миллят
Шагьирзабазул улка
Устарзабазул ВатIан
РачIа цоцахъ гъункизе
РачIа рекъель цIунизе
Хириял магIарулал
РачIа вацлъи цIунизе.


Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 2
Видео
  • Laura Alieva-Avarec Laura Alieva-Avarec
    Салам г1алайкум Авар халкъалъе из Америки, процветания вам братья ... Vahid Ataginskiy 3 years ago in reply to Салам Магомедов.