Гуру Песен Популярное
А Б В Г Д Е Ж З И К Л М Н О П Р С Т У Ф Х Ц Ч Ш Э Ю Я
# A B C D E F G H I J K L M N O P Q R S T U V W X Y Z

Батлух - О смерти Фатимы аз-Захра (на аварском) | Текст песни и Перевод на русский

Цо сордоялъ Фатlимат бусний егун йикlана, –
Хlасангун Хlусейнида гьоркьой кьижун йикlана.
Эмен цеве вачlана: «Щай кьижулей, Фатlимат?
Къаси Рузман сордойин, метер Рузман къо бугин,
Рузман лъугlун хадуса, дур рухl босизе бугин.
Къоно чуре, чед беже, ретlел чуре, черх бацlцlе.
Къадирасул рахъалъан къачlан хlадурго йикlа...» –
Гьедин цебеги тlамун, Фатlимат йорчlанила,
Хlасангун Хlусейнида гьоркьойго ятанила.
Унтулеб бакIги гьечIо, хIал хисун буго чорхол:
Цlа рекIун унеб буго ургьиб бугеб гьинал ракI.
Амма ХIасангун ХIусейн рорчIизаризе кIвечIо.
Каранде гьелги къана, къочун рорчIизаруна:
«Рахъа, ХIасан ва ХIусейн, нуж эмен ахIизе а,
Мажгиталъуреги а, къулгIаялъуреги щва,
ХIужрадухъеги а нуж, хабадеги раха нуж».
Мажгиталъур анила, къулгIаялъуй щванила,
ХIужрадухъе анила, хабаде рилълъанила,
Хабада ватанила ГIали къулгьу гьабулев.
«Вахъа, дада, мун тIаде, рокъовеги мун вилълъа,
Мун ахIизе ритIана, бабае къваригIун вуго».
Цинги, цебе лъун бугеб, хартI меседилаб КъургIан
Данде къан, къвалакь гьеб ккун, ГIали тIаде вахъана,
Хехлъи гьабун лъималгун рокъове жив къокъана.
«МахIалъул гьуинлъи щиб? Чедалъул гьарзалъи щиб?
Щайзе дун къваригIарав, къулгьуялда вукIарав?
Цеве дун ахIуларев, дун рокъове ахIанин» –
ГIали къварилъахдана ФатIиматихъ валагьун.

– Мун рокъове ахIана, лъугьа, ГIали, мун тIаса.
Дие къо тIагIун буго, къачIалей йиго, ГIали.
Дун къватIие яхъине заман щун буго, ГIали.
БетIергьанасул хIукму щун буго тIаде, ГIали.
– ХIабибуллагь хун хадув вахIйуги рещтIунарин,
Лъица дуда бицараб? Гьеб бицараб щив дуда?
– Нолъ нилъер эмен, – сайид, султIан, – цеве вачIана,
КъачIан хIадур йикIаян, малъун танаха, ГIали.
МахIги гьуин гьабила, сафаралъе къачIала,
Нилъер рукъалъул агьлу гIорцIун бугилан ккезе.
Рузманги хех бай, ГIали, хутIбаги къокъго гьабе,
Рузман бан хадуб, ГIали, дуца йукъизе кколин.
Дуцаго чуре, ГIали, дуцаго йукъе, ГIали,
БакъигIалъул ракьалда, алжанул агьлуялда.

ТIаде вахъана ГIали, Рузманалде къокъана, –
Чвахулаго бералгун, угьдилаго керенгун.
Кодоре гIечалги кьун, цIиял гурдалги ретIун, –
Гьелъул гIисинал лъимал, гьелъул берзул канлъаби,
«Лъималазда аскIоре, лъималгун рукIа» – йилан
Авлахъалде ритIана, – «нуж расанде» – йин абун.
Цодагьаб мехалдаса, – авлахъалдаги рукIун, –
Рокъоре тIад руссана, гьелъул берзул канлъаби.
Егун, кьижун ятана, чохьол хирияй эбел.
«Баба» – йилан абуна, «эбел» – ин зигардана,
Я кIалъаларо эбел, я шуруларо эбел.
КIиялго рекерана мажгиталде жанире:
«Вахъа, дада, мун тIаде. Вилълъа, дада, рокъове.
КIалъалей гьечIо баба. Щиб ккараб эбелалъе?».
Гьеб ГIалида абулеб Абу Бакрида рагIун,
Цадахъго Абу Бакар хадув-хадув вилълъана,
ГIодилаго сахIабал хадур-хадур рачIана.
Хун тун тIуян ятана ХIабибасул ФатIимат.
Васияталда рекъун, – къотIи тIубазе гьабун, –
Жинцаго чурун, къачIан, БакъигIалъул ракьалда
«Ма, дур берзул канлъи» – ян, – «дур гьаналъул бутIа» – ян, –
«Ма, дир хирияв эмен, дурго яс» - ан егьана.
Мухтарасул хабалъа, хириял кверал рачIун,
Ячун ана ХIабибас жиндирго берзул канлъи.

– Вай, дун гьаний йикIунищ? Вай, дун гьанийго чIолищ?
Егье, дада, дун тIаде, лъималазда аскIое.
Чирахъ гьечIеб, чи гьечIеб рокъоб дир ракI гъоларо.
– Дур къварилъи щиб, дир яс? Щай мун пашманго йигей?
Цодагьаб мехалдаса, гьелги гьанир рачIунин,
БетIергьанасул къадар лъидего тIаде щолин.
– Дун къварид гьечIо, дада, – къваридго тана ГIали.
Дун пашман гьечIо, дада, – пашманго тана лъимал...

ХIабибасул Загьрайил хобалъул ракI гъолареб,
ХIисаб гьабеха, мискин, дурго черхалъул дуца.

مولاي صَل وسلم دائماً أبدا علي حبيبك خير الخلق كلهم


Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 2
Видео
Нет видео
-