Гуру Песен Популярное
А Б В Г Д Е Ж З И К Л М Н О П Р С Т У Ф Х Ц Ч Ш Э Ю Я
# A B C D E F G H I J K L M N O P Q R S T U V W X Y Z

Гаджилав Гаджилаев - Что же случилось | Текст песни

Pesni.guru - сайт для Гуру

Багьанаби рачун щай яхчарулей
Ятидал барщине щай гIедегIулей
Щиб дуе лъугьараб щиб дуе ккараб
Щай нилъер дандчIваял дагьлъулел ругел

ЧIалгIун йикIанилан щурулеб гьаркьилъ
ГьечIин цебегIадаб рохалил чвахи
Черхалда батIияб гьурийищ чIвараб
Яги дур рокьуда хаселищ чIчIараб

Мун йиго мун дир берзул канлъи
Дир каранзул ракI
Дир рекIел гьудул
Мун йиго мун дир берзул канлъи
Дир каранзул ракI
ХIеренай гьудул

Рихун ватани дун хирияй гьудул
Гьерсалги рицунге релъи гьабуге
Гьаб ахираб бугин жемун къвалги бан
КъолъикIилан абе учуз лъичIого

Бокьинаро дие ратIалъаниги
Нилъер гIищкъуялде рагIад рехизе
РекIел хиялазулъ дур сипаталде
Саву ккезабулеб сурат хутIизе

Мун йиго мун дир берзул канлъи
Дир каранзул ракI
Дир рекIел гьудул
Мун йиго мун дир берзул канлъи
Дир каранзул ракI
ХIеренай гьудул


Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 3
Видео
Нет видео
-