Гуру Песен Популярное
А Б В Г Д Е Ж З И К Л М Н О П Р С Т У Ф Х Ц Ч Ш Э Ю Я
# A B C D E F G H I J K L M N O P Q R S T U V W X Y Z

Даку Асадулаев - МагIарулазе | Текст песни

Pesni.guru - сайт для Гуру

сл.: Расул Гамзатов

МугIрул тун авлахъалде,
Рахъулел магIарулал
МагIарул махIги яхIги
Гьарула цадахъ босе.

МагIарул тIамур тIагъур
Гьарула цадахъ босе
МагIарул ханжар рачел
Борчараб цадахъ босе.

Цадахъ босе кIочонге, магIрул мацIги цIарги
Цадахъ босе кIочонге, магIарул гIадат, гIамал
Цадахъ босе кIочонге, кIикIараб кини гьулак
Цадахъ барти к1очонге, чода тIад кьили лъезе.

МугIрул тун авлахъалде,
Рахъулел магIарулал
МегIер кванараб гIиял,
Хъасаб тIагIан букIуна.

МагIарул гъастIа инсул, хъасаб хинлъи букIуна
МагIарул гъастIа кучIдул, батIияб кеп букIуна
Кинабго цадахъ босе, магIаруллъи кIочонге
МагIарухъан араб лъар, ралъдалъ гIадин тIагIунге
Мунго тIаде къуларав, тIокIкIараб иц кIочонге
Умумузул хабазда хурдузул сас кIочонге.

МугIрул тун авлахъалде,
Рахъулел магIарулал
МискIинлъи квер босун те,
Кидаго кIочон тоге.

КIочон тани ракьалда, дур букIараб мискинлъи
Бесдаллъизе вуго мун, кигIан ресс бугониги
Цадахъ босе магIарул, магьал раччарал гIаршал
ГIамал кIодолъарабго, кIичIкIиичIун реххе цере
Гьарула цадахъ босе, гьарула кIочон тоге
КIудияб бахIарчилъи, гьитIинаб дурр халкъалъул.


Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 3
Видео
Нет видео
-