Гуру Песен Популярное
А Б В Г Д Е Ж З И К Л М Н О П Р С Т У Ф Х Ц Ч Ш Э Ю Я
# A B C D E F G H I J K L M N O P Q R S T U V W X Y Z

ஐღДаку Асадулаев ღஐ - Цо берцинай яс | Текст песни

Дида данде ккана цо берцинай яс
Бералги дие тун нур босун ана
Дида данде ккана цо берцинай яс
Бералги дие тун нур босун ана

Гьелъ дие карандаса рак1 бахъун ана
Ва ч1ег1ерал берал дихъги ралагьун
Гьелъ дие карандаса рак1 бахъун ана
Ва ч1ег1ерал берал дихъги ралагьун

Ч1аралъуго дунги хагазе гьавун
Харихъ мокъокъ г1адин къокъун анин яс
Ч1аралъуго дунги хагазе гьавун
Харихъ мокъокъ г1адин къокъун анин яс

Магниталъ-махх г1адин хаду дунги ц1ан
Ц1орол гордал рагьун ялагьана яс
Магниталъ-махх г1адин хаду дунги ц1ан
Ц1орол гордал рагьун ялагьана яс

Къаси моц1 баккулеб, къад бакъ баккулеб
Рихьарал лъик1 дида дур ц1орол гордал
Къаси моц1 баккулеб, къад бакъ баккулеб
Рихьарал лъик1 дида дур ц1орол гордал

Ралагьарал ч1вазе ч1орал реч1улеб
Лъаралго лъик1 дида дур ч1ег1ер берал
Ралагьарал ч1вазе ч1орал реч1улеб
Лъаралго лъик1 дида дур ч1ег1ер берал

Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 1
Видео
Нет видео
-