Гуру Песен Популярное
А Б В Г Д Е Ж З И К Л М Н О П Р С Т У Ф Х Ц Ч Ш Э Ю Я
# A B C D E F G H I J K L M N O P Q R S T U V W X Y Z

МагIaрулав - Потомки имама Шамиля(пандур) | Текст песни

Цеве Шамил вукlана муридзаби рукlана шаригlатги букlана гlадлумизан букlана рагъуе гъира бугел магlарул гlолохъабаз бидул гlорал тlуниля дагъистан цlунулаго дармие гъира бугел дандиязул васаца бичун хисун дагъистан базар лъугьизабуна цере муридзабаца гъазават гьабулагlан гьанже ругел муридзабаца мовлидал колел руго цере муридзабаца хвалчаби квагlулаан гьанже муридзабаца чlумал квагlулел руго

Цо нухалъ Шамилица Ведено шагьаралда
Щибаб рат-раталдасан ах1ана наибзаби.
Ах1ана Шамилица хъах1лъарал гьакъилзаби
Г1едег1арал мюридаз бак1арана жамаг1ат.
Нилъ г1емерал кьвагьдана […]
[…] кьурал гьазда лъала.
Гьанже цо хабар буго халкъ нижер данде базе.
Бицана гьас бук1араб, рак1алде щвана хварал.
Хаду буги ахиралдав […] г1одой виччан,
Дунги г1умруда лъугин г1узраби чорхолъ ругин
Г1адан херлъарал мехалъ хехдаризе лъугьунел.
Нужги дунги хваниги Дагъистан хут1улилан.
Ригьда […] гьабун лъик1
Лъица Имам хисисилев рагъалъи ахир гьеч1еб
Нухал гьет1арал руго гьенисанго бачунел
[Чаг1и] къвариг1ун руго
Гьединги абун Имам, ана [т1алг1абазухъел]
К1иялго жиндир васгун аск1осел г1адамалгун
Ана сверухъ балагьун чалмаялда кверги лъун
Чан х1инкъулев [лагадул], ворхатав маг1арулав
Муг1рузда г1азу буго, г1едег1ана жамаг1ат
[…] ц1ияб хабарги босун
Руссана наибзаби к1уидулал насабалъе
Къаси сардида щвана Х1ажимурад Г1андиве
Гьевгун цадахъ вук1ана цеве-нахъе балагьун,
Г1инде шурун к1алъалев цо к1удияв мац1ихъан.
Мац1ихъаби кидаго кват1уларо ишалъе
Гьезул [кинигин…] х1лт1улеб саг1ат гьеч1ин.
Наиб, дуда раг1арабищ к1удиясул хабар?
Ханжар тун ч1умал росун гъос [гь]абун тараб [лаза].
Кинаб х1укму раг1ич1еб, унго дуда лъаларищ
Имам лъун жиндирго вас къач1алев вуго Шамил.
Дагъистаналъе т1ок1ав бегьулебищ [щивго чи]
Щурай гении бичулев, Генусев гуронани
Гьел харбахъ г1ин т1амизе дир г1емер заман гьеч1ин
Имам Шамил г1адинав щибго муг1рузе гьеч1о.
К1иявго нухлулазул хабар гьелда къокълъана
Къаси сардида нахъа Г1анди росулъги щвана
Хадуб Х1ажимурадил чирахъ г1одоб кьурун
Мац1ихъан г1едег1ана Веденой Шамилихъе.
Шамил дур ахирисеб […]
Хунздерил наибасул лъалаго х1ал хисана
Х1ажимурад […] имамлъиялъул бицун
Цо чиясул иш гурин Дагъистан кколебилан.
Жив вугила Хунзахъа щулияв маг1арулав
Щурай гени бичизе
Генул гьавун гьеч1ин жив,
Чалма къазе т1агъурги,
Тагъур лъезе бет1ерги
Бат1ияб гьеч1ищ абун дур тухумалъул гуреб?
Шамилица гьикъана, гьеб дуда раг1анищан?
Данде гьас жаваб кьуна, жиндаго раг1анилан!
Имам, дур шиклъи ккани дур х1албихьиялъе,
Ах1ун Х1ажимурадгун гьикъе гьеста дуцаго.
Гьес инкар гьабунани гьале аск1о дун вуго
Гьанисан Г1анди росу г1емераб рик1к1ада гьеч1о.
Унеб буго Г1андиве Шамилил рек1арав чапар.
Гьесул чвантине буго т1ад мугьру ч1вараб амру.
Ах1улеб буго гьелда, метер щамат къоялде
Веденной Шамилихъе шваилан Х1ажимурад.
Шамилил амру жендихъ чапарас кьураб мехалъ
Чуялда кьили лъезе хехлъич1о Х1ажимурад.
Шамил валагьун ч1ана, бана лъабго-ункъго къо.
Дов мац1ихъан вач1ана гьасул рукъалъул к1алт1е.
Дагьалъ ч1ун Шамилица Х1ажимурад гьикъана
Х1инкъанин мун вихьизе гъовилан жаваб кьуна
Дие Шамил х1ажат г1еч1ин
Гьесие […] х1ажат лъани
Дун х1адурав вугилан
Вач1а дихъе живгоин
Цадахъ васги вечеин
Виччан те бихьзеин
Лъица квер […] гьабулеб гьанже Дагъистаналда.

МагIaрулав еще тексты


Видео
Нет видео
-
Оценка текста
Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 1