Гуру Песен Популярное
А Б В Г Д Е Ж З И К Л М Н О П Р С Т У Ф Х Ц Ч Ш Э Ю Я
# A B C D E F G H I J K L M N O P Q R S T U V W X Y Z

УНГО ЩВАРАБИЩ ИРГА - Бадавил Шамиль ШАГЬИД | Текст песни

Pesni.guru - сайт для Гуру

УНГО ЩВАРАБИЩ ИРГА?

Нилъерго г1агарлъи беццун
Цох1о куплет хъвайзег1ан
Хъвайзего лъаларевлъун
Лъугьин дий бигьалъила.

Нилъер шаг1ирзабазул
Щакъит1ел бакъван ккедал
Щакърахарав вацг1алас
Дагьаб калам гьабизин.

Унго щварабищ ирга?
Ибну г1аммии дудеги
Г1агараб ват1аналде
Т1адвуссун дун щвелалде.

Дун дуда х1айранлъула
Х1анифал к1удав эмен
К1удаб мадрас баялъе
Сабаблъун жив т1амурав.

Каки- чури даимлъи
Дур г1адатлъун бук1ана
Г1ажаибаб ях1алъул
Бах1арчиги вук1ана.

Ибну Бадавиги мун
Абу Бадавиги мун
Агьлул бидг1аялдехун
Бахъараб хвалченги мун.

Раг1алда гьоцдахъ к1армал
К1удияб пашманлъигун
ШАМИЛИХЪ ч1ег1ер байзе
Изно кьеян ратила.

Йохъ, дун дур х1алт1абазул
Х1исаб гьабулев гьеч1о
Х1исабазулъ жив ХЕХХАВ
ХАЛИКЪАСДА лъик1 лъала.

МУХ1АМАДГИ ХАЛИДГИ
Хурхун ратила цоцалъ
Цогиги нилъер гьудул
Гьале т1аде щванилан.

Т1адехун рехсей арал
Исламалъул бах1арзал
Мах1сун инеб росдае
"Рексоналъун" гьел ккана.

Ккеч1илан бук1инч1илан
Ч1ег1ер гьерсал рицунге
Цебе араб архивги
Рехсон бугин т1ехьалда.

Рак1 ч1ег1ереб харбица
Хайир нилъей кьоларин
Кье гьел шугьадаазе
Щивас ц1алун цо сайгъат.

Рич1уларел раг1аби.
Ибну г1аммии- дир имг1аласул вас.
Х1анифа- внучкал ц1ар.
Ибну- вас.
Абу- эмен.
Агьлул бидг1а- бидг1аялъул агьло.
Халикъ- Жинца халкъ бижарав.

Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 1
Видео
Нет видео
-