Гуру Песен Популярное
А Б В Г Д Е Ж З И К Л М Н О П Р С Т У Ф Х Ц Ч Ш Э Ю Я
# A B C D E F G H I J K L M N O P Q R S T U V W X Y Z

Хабиб Гоготль - Шамил - герой Кавказа | Текст песни

Дагъистан букIана гъваридаб кIкIалахъ,
Гъобасан цIвабзазде бугебщинаб нух.
ГIемер как букIана, кучIдул рукIинчIо,
ГIемер накIкI букIана, канлъи букIинчIо.
Дур гIакълу гIелаан ракълид хьвадизе,
Паракъат какги бан, ахал лъалъазе.
Амма данде чIвана хучдузул рохьал,
Хвалчаца абуна чоде вахаян.
Дур гьитIинаб зани заназул рохьоб,
Бихьула рикIкIада, Мадинаялда.
Зонода бикIараб цIар гьечIониги,
ЦIалула СагIудил гIарабалъ дица.
Мун довайищ вугев магIарул Имам?
Инсул тIалъиялъул тIабгIалъул бутIа.
ТIаде вахъун Шамил вачIуна дихъе,
Дун дова гьечIилан, дун гьанив вугин.
Мун цойги бакIалда вукIаравани,
БукIинаан шагьар Шамилин абун.
Шагьар бакьулъ кьурда паркъелаан черх,
Доб Петербургалда \"Петкал\" кинигин.
Дуй памятник гьечIо, дуй гьеб кIваричIо,
Мун гьавураб гIола Дагъистаналда.
Каранда къараб хеч кьурун бахъарав,
Дур цIар тIерхьунаро АхIулгохIалда!


Хабиб Гоготль еще тексты


Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 1
Видео
Нет видео
-