МЕСЕД КЬУНИЩ ЩВЕЛЕЙ, Г1АРЦУХЪИЩЬ ЩВЕЛЕЙ?
ЖАВГЬАР ЯКЪУТ БАНИШЬ, МУН ДИЙ ЯЧИНЕЙ?
РОКЬУЛ АНИШ, ГЬЕЛЪУХЪИШ БОРЦУНЕБ ЯС?
БИТ1УН БИЦИНИШ ДИЙ ЧАЛУХАЛ БЕРАЗ
БАЛАЙ ДИР БЕРГЬАРАЙ, Х1ЕРЕНАЙ ГЬУДУЛ
БЕРАЛ ДУР РИХЬИГУН МЕХТУЛЕВ ВУГО
ДУР К1УТ1БУЗДА Т1АД КЪЕЧ БУСУНЕБ РОКЬУЛ
РЕК1ЕЛ САБРУ Т1АГ1УН, ГЬАГЛЪУЛЕВ ВУГО
ЖАВГЬАР ЯКЪУТ КИСА?, МЕСЕД ДИЙ КИСА?
БИЧУН БОСУЛАРЕБ РЕК1ЕЛ ГУРОНИ
МУГ1РУЛ ЛЪИМГ1АН БАЦ1АДАБ ДИР Г1ИЩКЪУЛ Т1ЕГЬ
БАХЪУН КЬОЛА БУГО РАК1 ДИЦА, ГЬАЛЕ…
ГЬАЛЕХА ХИРИЯЙ К1ИЯЛГО ЦАДАХЪ
ЦОЦАЗЕ КВЕРАЛ К1К1УН БИКЬУЛА Г1УМРО
НИЛЪЕР ТАЛИХ1АЛЬУЛ Т1АДЕ Ч1Ч1АРАБ БАКЪ,
БАТ1ИЯЗЕ БИКЬУН СВИНЕ ТЕЛЯРО.
МУН ДИРГИ ЙИК1ИНА, ДУН ДУР ВУК1ИНА
Х1АЛАЛАБ Г1УМРУДУЛ, ТАЛИХ1 ЛЪУИНА,
БЕРЗУЛ БАЛАГЬИЯЛЪ БИУНЕБ РЕК1ЕЛ,
ЩВАРАБ БАЛЪКОЛЪИЯЛЪ, БОХУН БУК1ИНА
АЛЛАГЬАС НИЛЪЕЕ ЛЪИК1 ХЪВАН БАТАГИ!
Ч1Ч1АРАБ БАК1 БАРАКАТАЛЪ ТОГЕГИГИ!
ДИН БАЦ1АДАБ ИМАН РЕК1ЕЛЪ Т1ИНГК1АГИ!,
МАЛАИГЗАБАЦА ТУН РАТУГЕГИ!..
Эме Эмеев еще тексты
Другие названия этого текста
- Эме Эмеев - НАШЕ СЧАСТЬЕ (аварск.) (0)
- эм эм - НАШЕ СЧАСТЬЕ (новобрачные) 2010 (0)
Оценка текста
Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 1